Еги́пет (гIар. مِصْر Миср/Miṣr , маср.مصر Маср/Maṣr , копт. ΚΗΜΙ ), расмияб цӀар Еги́петалъул ГIaра́б Жумгьурият (гIараб. جمهورية مصر العربية Джумхурийят Миср аль-ГIарабийя, маср. جمهورية مصر العربية Гумхурия Маср иль-ГIарабийя) буго Африкаялъул шамалияб бокӀонги Синаялъул бащдаб чӀинкӀиллъиялъун лъугьараб ракъдал кьоялдалъун Азиялъул жанубиябгин бакътӀерхьул бокӀонги кколеб трансконтинеталияб пачалихъ. Египет ккола Ракьдагьоркьобралъадалъул регионалъул пачалихъ жиндир гӀурхъаби цураб шамалиябгин бакъбаккуда ПилистӀингун ва Исраилгун, жанубалда Судангун ва бакътӀерхьуда Либиягун. Ралъдал гӀурхъаби руго ГӀакъаба бугъазалдасан Урдуналъулгун, БагӀараб ралъадалдасан СагӀудиязул ГӀарабистангун, Ракьдагьоркьосеб ралъадалдасан Къубрусалъулгун, Туркиялъулгун ва Грециялъулгун.
Египеталъул тарих буго бищун халатаздаса цояб, жиндир ирс Нил гӀоралъул расалъиялдаги дельтаялдаги н. щ. VӀ–ӀV азарсоназдаса байбихьун букӀараб. Цивилизациялъул кинилъун рикӀкӀунеб НекӀсияб Египеталъ загьирлъизаруна цебесеб хъвай-хъвагӀиялъул, росдал магӀишаталъул идракал, урбанизация, гӀуцӀараб дин ва централлъараб хӀукумат. Джизаялъул некрополис, КӀудияб Сфинкс гӀадал монументаз, гьединго Мемфисалъул, Васиталъул, Карнакалъул, Маликзабазул расалъиялъул хутӀелаз бихьизабулеб буго гьеб ирс, тӀаде цӀалеб буго гӀелмияб ва халкъияб интерес. Египеталъул халатаб ва бечедаб маданияб ирс буго гьелъул миллияб индетификациялъул гъорлъбосраб бутӀа, жинца гьелъул тӀолго Ракьдагьоркьоралъадлъиялдаги, ГӀагараб Бакъбаккудаги Шамалияб Африкаялдаги бугеб уникалияб трансконтинеталияб чӀей бихьизабулеб.
Гьанжесеб Египет байбихьула монархия хӀисабалда 1922 соналъ Британиялъул империялдаса истикълал щведал. 1952 соналъул инкъилабалдаса хадуб Египет лъазабуна жумгьуриятлъун, ва 1958 соналъ гьебги Сирияги жубан лъугьана Цолъараб ГӀараб Жумгьурият, жиб 1961 соналъ биххараб.
Египеталъул расмияб динлъун буго Ислам, расмияб мацӀлъун буго гӀараб. 100 миллионалдаса чи вугеб халкъгун, Египет буго Шамалияб Африкаялдаги, ГӀагараб Машрикъалдаги ГӀараб дуниялалдаги бищун халкъ гӀемераб пачалихълъун, лъабабилеб бищун халкъ гӀемераб Африкаялда ва 30-б тӀолго дуниялалда.
Европалде Египет абураб цIар бачIараб буго некIсияб грек мацIалдаса (некI. грек. Αἴγυπτος, а́йгюптос). Гьеб цӀар лъугьараблъун рикӀкӀуна Мемфис шагьаралде египтяназ абулеб букIараб "ХӀивткаптахӀ" (егип ḥwt-kȝ-ptḥ "ПтахIил рухӀалъул рукъ") цIаралдаса. Греказ гьеб цIар рекIинабуна тIолго пачалихъалдаго.
ГӀараб бащдаб чӀинкӀиллъиялъулги, Цебесеб Aзиялъулги, Фуратгун Дажлат гIоразул гьоркьобракьалдагиругeл халкъазги хIатIизабула Египеталъул цоги цIар — Миср (гІараб. مِصر, гьибр. מִצְרַיִם "гIумру гьаблеб бакI, шагьар). Гьеб цIар хурхараб батизе бегьула Египеталда гIемераб халкъги шагьаралги рукIиналда.
НекIсияб Египеталда жидерго ватIаналде абулаан "Та-Кемет"-илан (егип km.t "чIегIер-ракь"), гьеб хурхараб буго Египеталъул Нил гIурул гIаралда бугеб бечедаб чIегIер-ракьалда (салул авлахъазул "багIараб" ракьалде дандеккун). Гьеб цIар жеги бугеб копт маIалдaги (ΧΗΜΙ).
Египет ккола дунялалда бищун некIсиязул жиб кколеб цивилизациялъул ватIан
БакътIерхьуда Египеталъул гIурхъи буго Либиягун, бакъдехун — Судангун, бакъбаккудехун ПилистІингун ва Исраилгун. Гьединго Египеталъул ралъдал гIурхъаби руго СагІудиязул ГІарабиягун ва Урдунгун.
Бакъдасеб рахъалда ккун буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда — БагIараб ралъадалъ. Египеталъул ккола Суэцалъул канал — бищун кIудияб гIадамасул квералъ гьабурал каналазул цоябги кколеб. Гьеб каналалъ Ракьдагьоркьосеб ралъадги БагIараб ралъадги хурхинабула, гьелдалъун Атлантикияб океаналдаса Гьиндустаналъул океаналде нухги къокъ гьабула.
Египеталъул ракьалдасан чвахулеб буго бищун кIудиял гIоразул цояб — Нил гIор
Сурсатал
Египеталъул ракьалда руго нартил, тIабигIаталъул газалъул, маххул магIданалъул, фосфатазул, гачиганчIил, марганецалъул, цинкалъул, тIухьидул нахърателал
Жанисел лъинал
Египеталъул аслияб лъел ицц буго Нил гIор, бакътIерхбуда ругел салул авлахъащда руго оазисалги. Гьелъул рагIалда бижана кIудияб Египеталъул цивилизация. Нил гIурул лъим хIалтIизабула ракь лъалъазеги, токалъул энергия гьабизеги.
Ракь ва гъветI-хер
96% гIанасеб Египеталъул ракьул къадар бацун буго салул авлахъаз, хIутIараб 4% ккола Дельтаги гIоралъул жаниблъиги.
Фауна
Египеталъул фауналда данде чIвала жайранал, цурдул, салул гIункIкIал, гIанграл, бегемотал, крокодилал, варанаби, гIемерал батIи-баIиял хIанчIи, хIутI-хъумур, ччутал ва борхьал.
{{cite web}}
: Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (квеки)
{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(квеки)
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameter: |deadlink=
(квеки); no-break space character in |title=
at position 30 (квеки)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
and |archive-date=
(квеки)